ПатIимат
Мун ячIана гьитIинай Гьобол дуниялалде, Данде къана эбелалъ: ПатIимат, ПатIиматин.
Гьулаказул гьулчиги, Чвахулеб лъарал кечIги, КинабгIаIги рагъи-тIох: ПатIимат, ПатIиматин.
Гьоркьоб замана ана, Дуца гъалал кьурана, Дур гордухъ дун гьардана: ПатIимат, ПатIиматин.
Дица дунял сверана, РекIел дандерижиял Дида цадахъ ахIдана: ПатIимат, ПатIиматин.
ГIолел руго, ПатIимат, Нилъер гьитIинал тIанчIи, Гьезие гвангъулеб бакъ: ПатIимат, ПатIиматин.
ТIелхаз рахчулел берал, Бераз рорхулел тIелхал, ТIолго дуниял даим: ПатIимат, ПатIиматин.
Бицунге
Бицунге, бицунге, бицунге дие Берцинал ясазул гурони хабар! Цогиял рагIаби — гьадингоял жал, — ГьечIо дунялалда тIокIаб хазина.
Цоги хабар кинаб? — Лъимер тIад гьечIеб, Гьороца кIикIулеб пашманаб кини. Кеп кинаб букIунеб, чогърол бакIалда Чашкаялъуб тIураб хIабургъараб лъел?
АхIуге, ахIуге, ахIуге дие Дунялалда сарин цо рокьул гуреб! Цогиял саринал маргьаби руго, Маргьуцин лъикI луро рокьи гьечIони.
Роржанхъулел руго хъахIилал хIанчIи, — ХIасраталъул буго гьезул бугеб кечI. Рохьазда чундузул чапулел бакънал, — Цоги бакъан, гьечIо гIищкъул гурони.
Гуми унел руго океан хъвалхьун, Угьдулел руго гьел, огь, дуниялан. Гьезда тIад роржунел самолетаца Саламалъе рокьул куркьби хьвагIула.
Дирги ракI гьедула хабалъ лъезегIан, Хабар гьабиларин гьаб гIищкъул гуреб. Хабаде берцинаб гьумер къулани, Гьениса вахъина, жеги ахIила.
Лезгинка
Бихьея тIил кьея кьабизе дихъе, Кьурабазул лъимал, нахъе-нахъе къай, Гьаб тирулеб бугеб дуниял бакьулъ Дунгун цадахъ кьурде, кьенсер-бер берцин!
КьабгIе абе къали, пуйзе те зурма, Свери гIатIид гьабе гьаб гIаламалъул! ГIорул карачелаз, киналго хIанчIаз КечI ахIеян абе, хъат чIваян абе!
Хъат, хъат, гьарс, гьарс! Хъат, хъат, гьарс, гьарс! Гьанже балагьилин Щив свакалаян.
Дир каранда лъураб квералъул зарукь Боржине къачIараб хIинчIлъун буго ракI. Цояб квер битIула гIебеде дица, Дур гъежда тор гьабун гьадин жемилин. Цояб хIетI малъалда, цояб агъалда, Уна дун лъедолей дур лъалкIда хадув.
Цо гьаниб, цо доба — цадахъ кIиябго Дуй накаби чIвала, мутIигIав вугин.
Хъат, хъат, гьарс, гьарс! Хъат, хъат, гьарс, гьарс! Гьанже балагьилин, Щив свакалаян.
Дур рорхарал кверал, кие йоржуней? Космосалдейищ мун къачIалей йигей? Къо лъикI, рокьул гIалам, дуда хадув дун, Дунял ахада тун, воржина цадахъ.
Цадахъ гьаб гIумруялъ, гьаб гIаламалда, ГIатIидал рорхатал гьал зобалазда Кьурдилин, йокьулей, нилъехъ хал гьабун, Херал бахIарлъизе, хварал рахъине.
Хъат, хъат, гьарс, гьарс! Хъат, хъат, гьарс, гьарс! Гьанже балагьилин, Щив свакалаян.
Дица дуе тIагъур бахъулеб буго, Накъиял риччанте гьанже кьурдизе.
Къункъраби
Дида ккола, рагъда, камурал васал Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин. Доба борхалъуда хъахIил зобазда ХъахIал къункърабазде сверун ратилин.
Гьел иххаз хаселаз халатал саназ Нилъее салам кьун роржунел руго. Гьелъин нилъ пашманго, бутIрулги рорхун, Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.
Боржун унеб буго къункърабазул тIел, Къукъа буго чIварал гьудулзабазул. Гьезул тIелалда гъоркь цо бакI бихьула — Дун вачIине гьаниб къачараб гурищ?
Къо щвела борхатаб хъахIилаб зодихъ ХъахIаб къункъра лъугьун дунги паркъела. Гьелъул гьаркьидалъул ракьалда тарал Киналго нуж, вацал, дица ахIила.
Огь, руччаби!
Нуж лъазегIан дир гIумру Лъарал рагIалда ана. Нуж лъаралго лъаралъа ГIурулъе кIанцIана дун. Гьеб гIоралъ нужер асир, Унго, киве рехичIев?! Огь, руччаби, агь руччаби, Унго-унго руччаби!
Нуж лъазегIан дун гъасда ЦIеде къулун вукIана; Нужер цIар гьуинлъигун ЦIадай кIанцIана пулан. Гьеб цIадуца керен-ракI КигIан гIемер бухIараб!.. Огь, руччаби, агь, руччаби, Унго-унго руччаби!
ЛъикIал гьудулзабигун Нуж сабаблъун вагъана. Цере дадахъ рукIарал Дидаса ратIалъана. НекIо росулел кверал, Гьанже рукъулел зарал. Гьай руччаби, гьай руччаби! Пайда щибха, руччаби!
Нужее гIоло чанги Гьалмагъзабаз гуккана, Дица гьелги гуккана, Гьереси бицинаро. Амма киназдасаго Нужер сихIру бергьана. Агь, руччаби, огь, руччаби, Унго-унго, руччаби!
Абула, рекъечIеб иш Бугин щакдарийилан; ЩакдаричIого чIолищ? — ЧIурканлъи гьел лугбазул! Добе гьимулеб гьумер, Гьанир кьуркьулел берал, Вай, руччаби, гьай, руччаби, Пайда щибха, руччаби!
Цо гъалал гьурщулел куц, Цо курмул цIутIулел куц, Болъоде рахунелъул Цо бохдул росулел куц! ГьечIо дий хвалил ургъел Херлъизе виччаге дун. Огь, руччаби, агь руччаби, Унго-унго, руччаби!
Нужеда ццинги бахъун, Дирго керен бухана, Нужехъ ккараб рокьиялъ Дирго макьаби чIвана. Нуж цоцада релълъарал, Цинги батIи-батIиял. Огь, руччаби, агь руччаби, Унго-унго, руччаби!
Нужеца дир азарго Ургъел, рохел хисана. Нуж дий хисарданин ккун, Нужее дун хисичIо. Нуж каканагIан гIемер ГIищкъу ккезе гьабулел, Вай, руччаби, гьай, руччаби, Пайда щибха, руччаби!
* * * АнцIила микьида дир хиял ккарай, Дун хадув лъугьарай, кодой щвечIей яс, Кин гьабсагIаталда мун йигей, бице?! Дида мун кIоченчIо, дун кIочон танищ?
АнцIила микьида диде къасд ккарай, Къисмат хисун ккарай мугIрул гIолилай, Кин гьабсагIаталда мун йигей, бице?! Дида мун кIоченчIо, дун кIочон танищ?
Дун лъадигун вуго, лъималгун вуго, Нужерги нужерго буго хъизан-рукъ, Ва амма анцIила микьабилеб их Дуда кIочон танищ? Дида кIоченчIо.
КIочон тана чанги цебехун ккараб, КIочон тана чанги хадуб букIараб, Амма кIочонаро рокьул байбихьи, АнцIила микьида тIоцебе ккараб.
Дагъистан
Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан, Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев. Аххал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго, ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.
ТIадегIанаб, ТIадегIанаб, гIагараб, МагIарулазул улка, Аваданаб Дагъистан.
Йохъ, цо миллион гуро дагъистаниял ругел Дунялалда гIагарлъи гIунги тIокI буго нилъер МугIрул тIокIкIарал иццахъ океан зигардула Аваразул васазухъ ясал чанги угьдула.
Гуро, гIамал кIудияб гIадамазул ватIан гьаб, Амма бетIер даличIо Дагъистаналъ лъиего Гьелъул ччорбалъ беролеб буго цIакъ машгьураб би Гьелъул каранлъ кьабгIелеб буго цIакъ кьварараб ракI.
Кьунсрул Дур надал байданалда ЦIакъ къваридаб кIиго хIор, Эрменияз Севан кье, Кьеларо гьелъухъги гьел.
ХIоразул тIаралъуда Рас чIегIераб кIиго цер, Цоцаде рачIги рехун, Регун руго гIумруялъ.
Гьел, чIагоял чIвараб ххвел Гьабун руго, сихIирал, Сверухъ женжелев вугев Чанахъан — дун гуккизе.
ХIаразда бугеб гьава, Гьезда лъала, бичIчIула, Яхъая цо кьурдизе, Кьижун гьечIо гьел чундул.
Гьел цо кьуркьудулел куц, Гьел цо кIичIардулел куц, Нагагь дур ц, цин бахъани, Цо гьел рукIкIун унеб куц.
Гьезул ишанаца дун АхIаравщинав духъе: Аян дун витIулеб куц, Цо рас багьаричIого.
Чанги сихIирал цурдул Руго дуниялалда; ГьаздагIан лъикIаб хъулухъ Лъиданиги батичIо.
ГъутIбузда бусен лъурал ХIанчIазул жахIта ккела, — Гьаз бусен лъураб гIадаб СанагIатаб бакI гьечIо.
Дица гьазул мурадал Даим тIуразарула,
ТIубараб мурадалде Дунго щвечIонаниги.
Дуца гьал къачIалелъул Дир назму разилъула, Дур хIоразухъ балагьун, Гьезий баркала кьола.
Баркала, цурдул, нужей, Дир хIорал цIунаралъухъ, ХIабургъине течIого, РацIцIад гьел хьихьаралъухъ.
Гьеб хIорил лъим гьекъезе Цо-цо дун вачIаравго, ВихьичIеб ххвелги гьабун, Хварал жаллъун чIаралъухъ.
Нилъер цIарал
Нилъер кIиязулго цо-цо цIар буго, ЦIунизе умумуз нилъее кьураб. Дуе кьуна зодой цIвабзахъ балагьун, Дие — цIа бакарал нухахъ балагьун.
Хадуб гьаб гIумруялъ гIадамаз кьурал ГIемер цIарал руго батIи-батIиял: Гъалал кьурулелъул дуй кьурал руго, Чу кьололеб мехалъ, дий кьурал руго.
Мун дандчIваралдаса гьал гIадамаца ГIащикъилан абун лъуна дида цIар. Дун гIащикъ ватани, гIищкъу мун йиго, ГIащикъзаби уна, гIищкъу хутIула.
Дица дуе кучIдул щурулеб мехалъ, ШагIирилан абун абуна дида. Дун шагIир ватани, шигIру мун йиго, ШагIирзаби уна, шигIру хутIула.
Нилъей чанги цIарал щвана гIумруялъ, ГIадатги, гIамалги, хьвадиги бихьун. Дуца дие кьуна киналго цIарал, Дица дуе кьуна киналго цIарал.
Рокьиялъе киналго Ригьал мутIигIал руго. А. С. Пушкин.
Дун цIидасан гьанже
Дун цIидасан гьанже поэт лъугьана. — ГьитIинав вукIана, нужеда лъала. КIудияб чIаголъи гьечIонаниги, Гьунар дилъ букIана рекIкI-макру гьечIеб.
Хадув дун вачана гучаб чваххиялъ, Цин ваккун, цин тIерхьун, рохьоб чан гIадин. Цояца квер кьуна карачалабалъ, Цояз гъорлъе цIана гъанкъилин абун.
Гьанже дун гIун вуго, гIорулъа къватIив ГIодой къуличйого вачIунев вуго. Доба-гьаниб тункун ругънал щваниги, Дун тарулев гьечIо, дун чIаго вуго.
Хун гьечIо дилъ жеги некIсияб рокьи, НекIоялде тIаде жегиги буго. Гьеб рокьуда рекъон гьаракь гьабуни, ГьакIкIан кIалгун дунял хутIизе буго.
Гьеб гьаракь дир гьечIо. Дун — лъукъараб чан, Чанги тIухьи буго дир кереналда. Амма данд къан руго дир цабзаз кIутIби, Дихъе квер бегьуге, дунго вилълъина.
Дун — цIидасан гьанже ццидалав гIащикъ: ГIуцIун буго дица дир рокьул улка. Полпилаб чваххидалъ дун гъорлъе цIалел Дица, гъванщаги ккун, тункила цоцалъ.
ЦIадастан
Дир бусен, дир гъансито, Дир хIасраталъул рогьел, ТIоцебе дий ахIараб Ихдалил кочIол гьулак.
Буго мун, ЦIада росу, Нусго цIараки гьечIеб, Дур панаяб цIагун дун Дунялалда тирана.
Чваххана цIад, бана цIер — ЦIорочIо, квачачIо дун. Дур кунчIиялъ цIунана Киналго полюсазда.
Биччай, нилъер миллат, мацI Лъалеб батичIониги. Лъалеб асар батана Нусго улкаялда гьеб.
Дир хIасраталъул вацал, Цо бакIалда ратичIел, Цо ракIалъул руго гьел, — РекIелъ щибжо гьунареб?
Гьел рихьун дида лъана, Дунял цIун буго ЦIада:
Нусго цIараки гуро, Нусго миллион буго.
Дир бусен, дир гъансито, Дир хIасраталъул рогьел, ТIоцебе дий чваххараб Иххалъул иццул бетIер…
Гьанже мун гIатIилъана, ГIащикъзабазул улка… Дица гьалда цIар лъуна ЦIадастанилан абун.
Дур цIар
Дида дур цIар рагIула, Гозо бегIераб хIинчIалъ Горда кIутIараб гадин, ГIумру, гIумру, гIумруян.
РагIула гIаламалъул КиналгIаги гIолилал
ГIищкъу, гIищкъу, гIищкъуян Щурщулел ругел гIадин.
Дида дур цIар рагIула,— Бокьухъе къалъе бакъан, Къочардулел кIутIбузул Цо тIагIамаб сас гIадин.
Цингиги гьеб рагIула, Хаслихълъидул накIкIал щун, Хехго хур бакIаризе Дунго ахIарав гIадин;
ХIалхьи босулеб рокъов Паракъат вугеб мехалъ. Полк чIараб гIорхъодасан БачIараб тел кинигин;
НакIкIал хъвалхьун эхеде Борхун иналде цебе, Аххада самолеталъ Гьабулеб хъуй кинигин;
ХъахIилал карачелалъ Океаназулъ регун, Улкабазул гаванахъ Гумузул гьаракь гIадин;
Гьорол къояз рохьазда ГъутIбузул зигар гIадин, Нухда унел васазе Улбузул гьари гIадин.
Цо гъотIода тIил кьабе — ТIолго рохьаз ахIула. Цо кьурда гьецIо речIчIе— ТIолго ганчIаз ахIула.
Цо ччугIигIин гIинда чIвай — ТIолго гIораз ахIула. ЦохIо нухалда кIутIе — ТIолго цIурмаз ахIула.
КиналгIаги тункулел Бокалаца ахIула. Щибаб лахIзат, секундаз, ТIолго сагIтаз ахIула.
Сардилъ дица щурулеб Дур цIар — дир цIваги цIаги. Дур цIар... лъалхъе, рагIулищ Гьеб абун, ракI кIетIелеб?!
* * * Рорхатал цIвабзазде сухъмахъал гьарун, Гьенире ракетал роржаян абе. Бищун тIадегIанал гIагарал цIваби ГIадамазухъе щвей буго дир мурад.
1959
|